Сайид ГIободиясул
قدس سره
шаргIияб вирд гьабулеб
къагIида:
Камилал
муридзаби тIарикъат малъизе ратун гутIиялъе гIоло ва тIарикъат
босун хIалтIизабизе бажарулеб къагIидаялда халкъги батунгутIиялъе
гIоло, тIарикъаталъул вирдалги тун, шаригIаталъул вирдал
гьариялда тIадчIчIей ва гьединго Аварагасулﷺ
суннат цIуниялда тIадчIчIей гьабун, Сайид ГIободияс
قدس سره
Дагъистаналъул халкъалда малъана ва 20-гоялдасаги цIикIкIун
малъиялъул тIахьалги данде гьаруна ва гьелги басмаялда рахъана.
Живго мужадид ва камилав муршид хIисабалда, жиндирго бугеб
ихтияралда рекъон, гьес халкъ тIобитIана ва шаргIиял вирдал
малъизе ихтияралги кьун, шайихзабиги тана Дагъистаналда ва гьез
цоцахъе кьун, гьеб тIечIеб рахас жакъа къоялъгицин Дагъистаналда
хIалтIулебги буго.
Гьеб шаргIияб вирдалда цIарги накъшубандияб, загьирияб, шаргIияб
вирд абун лъуна, щай гурелъул бищун хирияб накъшубандияб тIарикъаталъул
шайихзабазул силсилаялда хурхараб букIиналъ ва живго Сайид ГIободиявги
قدس سره
анкьго тIарикъаталъул ва хасго накъшубандияб тIарикъаталъул КьутIбул
гъавс вукIиналъ.
Вирдалъе ният гьадин гьабила:
«Дица ният гьабула накъшубандияб, загьирияб, шаргIияб вирд
гьабизе, Сайид ГIободияс
قدس سره
малъухъе. Гьаб вирд гьабун лъугIидал гьабураб дугIадул вирдалъул
кири кибего кьоларо: гьеб нижер лъикIаб гIамал хъварал кагътазда
гъорлъ лъе» - абун гьаризеги ккола Аллагьасдаﷻ.
ТIоцебесеб даража:
гьеб вирдалъул гIолохъанал чагIазе сордо-къоялда жаниб 100
лаиллагьа илаллагь абураб лафзги ва 100 свалатги буго Рузман
къоялъ 700, яги 1000 свалат битIила.
КIиабилеб даража:
300 зикру; 100 астагъфируллагь; 100 свалатги буго.
Лъабабилеб даража:
500 зикру; 100 свалат; 100 астагъфируллагь; 100 къулгьу буго.
Лъабабилеб даражаялъул вирд гьабулезе вирдалда цебе рабитIаги
буго. Гьеб гьадин тIубала: 15 астагъфируллагь; 1 алхIам; 3
къулгьу; къулагIузаби; 10 свалат ва гьаб аятги цIалила:
«Ала инна авлиа-аллагьи ла хавфун гIалайгьим валагьум яхIзанун».
Хадуб гьаб дугIаги гьабила:
«Дица гьабураб рабитIаялъул кири камил гьабун мунги БетIергьан
Аллагьﷻ,
Дур ХIабибги, Устар ГIободиявгиقدس
سره
разиябщинаб бакIалде щвезе гьабе»
абун.
Хадуб дудаго лъараб къагIидаялда гьари-дугIаги гьабила.
Ункъабилеб даража
бищунго тIасияб даража: 1000 зикру;
100 свалат; 100 астагъфируллагь; 100 къулгьу; 100 «ла хIавла
вала къуввата илла биллагьил гIалийил гIазим»; 100 «лаиллагьа
илаллагьу вахIдагьула шарикалагьу лагьул хIукму валагьул хIамду
вагьува гIала кули шайин къадир».
Вирд гьабилелде цебеги ва тIубан хадубги рехсараб къадаралда
рабитIаги гьабила: 25 астагъфируллагь; 1 алхIам; 3 къулгьу; цо-
цо къулагIузаби; 20 свалатги битIун гьаб аятги цIалила:
«Ала инна авлияа лагьи ла хавфун гIалайгьим валагьум яхIзанун»
ва хадуб-цебехун рехсараб къагIидаялда дугIаги гьабила.
ШаргIияб нухалда гъорлъе лъугьарав, вирд гьабулев чи, диналъул
умуразулъ ва дунялалъул умуразулъ кинабго рахъалъ Аварагасулﷺ
суннат цIунаравлъун вукIине ккола: чорхол гIамал; кIалзул рагIи;
рекIел ният ва киналго пишаби рацIадавлъун вукIине ккола, гьеб
гьечIони вирд тIубаялъулги пайда букIунаро.
Вирдалъул даража хисизе ккани, гьелда цадахъго хисизе ккола
суннатал какал, чорхол гIамал ва бажарулеб гьечIони, бажаризегIан
вугебго даражаялда чIезе ккола. Масала: дуца цебеккун зухIаялъул,
авабиназул, витруялъул каказул балеб букIун батани 7 ракагIат,
базе ккола 8 ракагIат.
Вирд гьабизе хассаб бихьизабураб гIуж гьечIо. Дурго рес рекъохъе
гьабизеги бегьула ва лъалес Къуръан цIалун, свалат битIун гьелда
даимлъизеги лъикIаб буго.
«ШаригIаталъул вирдал»
абураб бутIаялда жиндирго
«Бустан Аваристан»
тIехьалда ГIободаса ХIосенил вас Сиражудиница гьадинаб баян
кьолеб буго:
- Шайих гьечIев чиясул, шайих щайтIанин абун,
агьлу тассавуфалъул тIахьазда гIемер бицун буго.
Гьал нахъа рицунел жал хьвадизарурал чиясул,
устарлъун жиндир Имам вукIунин абун буго.
Дурго Имам ШафигIил дуй тарбият бокьани,
течIого хьвадизаре шаригIаталъул вирдал,
риязат гIемер гьабун, гьава гIодобе рехун,
гIадат тун черх квегъулев чилъун мун гьечIонани,
тIарикъаталъул вирдал дуца тIаде росуге,
дуйго таклибги бакIлъун гьалаглъиялде кколин,
тIарикъаталъул вирдал тIаде росарал чагIи,
чара гьечIо гьел ккола захIматал умуразде.
Суннатаб жо тIалъула, тIурукъал къварилъула,
Рухсаби хIарамлъула, хIалалаб тезе ккола.
Карагьат хIарамлъула, хIарамаб гIемерлъула,
Дунял-ахират бахъун, хъат балеб бакI тIагIуна.
Аркан шурутIал тIубан тIобитIе щуябго как,
Чияр дуда тIад ругел хIукъукъалги тIоритIе.
Агьлу-хъизан вацазулъ мугIашарат лъикI гьабе,
ЛъикIаб хIалалда хьваде бусурбабазда жанив.
Эбел-инсул хIукъукъал- гьелги нухда ккезаре,
Дур гIагарал чиязул гIагарлъи хурхинабе.
Щунусго, я азарго зикру камизе тоге,
Гьелъул хиралъи бицун рагIалде бахъинаро.
Къойилго нусго свалат ХIабибасдеги битIе,
Анкьнусго, я азарго рузман къоялъги битIе.
Нусго астагъфируллагь, я лъабкъоялда анцIго,
Нусго къулгьу цIалиги къойил камизе тоге.
НусцIулго вахIдагьула, нусго лахIавлавала,
Суннатун муаккадал гьездаги тIадчIчIей гьабе.
Ишрак, зухIа, аввабин, хIал кIванани тагьажуд,
Кинабго рузман къоялъ тасбихIалъул как тоге.
ХIалалаб бетIербахъи хъизамалъеги гьабе,
Гьалаглъулел жалазда жуба-гъубай гьабуге.