Гьигьалъа ХIусайнияв МухIамад قدس سره.

ГIободаса КъебедхIажиясул вас, жиндаса Аллагь разилъаяв МухIамадхIажиясул قدس سره хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго камилав гIалим Гьигьалъа ХIусайнияв МухIамадица قدس سره:

АлхIам, аттахIият дурус гьечIезе,

ТагIзиралги гьарун, халкъ тIобитIулев,
ГIободияв Сайид МухIамадхIажи 

Анкьго икълималъул къутIбу вукIана.

ХIусайнияв МухIамад قدس سره

 

ГЬАНЖЕ ГЬАБ ЗАМАНГО ХАРАБЛЪУН БУГО

Гьанже гьаб заманго хараблъун буго

Динул исламалъул асарал дагьлъун.

Дунялалъул рукъги херлъун ккун буго

Гьанжени бегьила хвезе бокьизе.

Исламалъул асар дагьлъун ккеларищ,

Исламалъул иццал ракьулъе къиндал.

Дунялалъул рукъги херлъун ккеларищ,

Дунял бахIарлъулел къанабакь къайдал.

Огь-гьай, бухIаяб къо, огь, аман-Аллагь

Дунго гъечIев ани гьаб заманалда.

БитIараб бицани, дунго рихунеб,

БицинчIого тани, дун гIасилъулеб.

Рихунги шибгурин, дун чIвананиги

Хъван къагътазда тела битIараб рагIи.

БатIа-батIа гьавун дун къотIаниги,

КъотIизе теларо квешалде инкар.

ЦохIо къоялъ кодор чIумал ккуразул,

Муридзабийилан дагIбаби руго.

Муридлъунго гьечIев жагьилчиясул,

Жив муршидин абун гIакъикъат буго.

Мурид, устарасул шартIго лъаларев,

Сулукго бихьичIев дун вугеб гIадин,

БитIун иман-ислам лъаларел чагIаз,

Жал муршидзабиян дунял цIун буго.

Мурид вукIиналда дун мукIурлъила,

Расмияб нухниги рехун тарасе.

Муршид вугин абун адаб гьабила,

Дунялалъул боцIул къимат гьечIесул.

Камилав щайхилан накаби чIвала,

Загьираб, батIинаб гIелму бугесе.

Загьириябцини гIелму гьечIесе,

Камилав щайхилан кин мукIурлъилев?!

ЛавхIалдаса гIелму босараб къавмалъ,

ТIахьазда жаниб хъван батулеб буго:

Загьираб, батIинаб гIелму гьечIев щайх,

Ралъдал карачелахъ рехеян абун.

ГIадамазул рекIел хIал лъаларесда,

Щайих вугин абун божугейилан.

ТIайпур Имамасул васият буго –

МухIканлъи бокьарас балагьун бихье,

ВацIцIадав, камилав муршидасул шартI,

ГIадамазул рекIел хIал лъай бугелъул,

Жидерго ракIазул хIал лъалареца,

Вирдал малъунилан ихлас кин щолеб?

ЖавамигI, гIакъаид, ибнухIажарал,

Чидада малъизе кIварав чиясе,

Загьираб гIелмудал гIаламатилан,

Щибго инкар тIагIун мукIурлъун чIела.

Гьел тIахьазда гьечIеб хIукму кканани,

ЛавхIалде балагьун патва кьурасе,

БатIинаб гIелмудал ралъад вугилан,

ГIундул гIодор далун, адаб гьабила.

Ладунияб гIелму букIун тун хадуб,

Загьираб гIелмудал ралъад вукIина.

АхIмадил диналъул ункъабго мазгьаб

Щибго ишкал тIагIун баянлъун лъала.

ЦохIо шапигIияб мазгьаб лъаларес,

ГIелму-ладуналда дагIба кин балеб!

ГIараб гIелмуялъулъ лъикIго вугев чи,

Сиррияб гIелмудал лъалкIде кин кколев!

Алпазал лъачIого магIна лъаларо,

МагIнаби тIокIкIиндал, асрарал лъала.

Асраразде ваккун, хIакъикъат лъала,

ХIакъикъат камиллъун, магIрипат щола.

Гьеб лъабабго жоялъ ракI канлъанани,

РакI беццал гIадамал иршад гьарила.

Щакъиявлъун гьечIев гIасияв гIадан,

Ихласалде вачун, камил гьавила.

Гьеб макъамго гьечIел гIабидзабазе,

Рукъалъул бокIнилъ чIун тIагIат гьаби лъикI.

ГIадамазул ретIел ретIарал бацIаз,

ГIиял рехъабазе вехьлъи гьабуге.

Цебе заманалъул муршидзабини,

Ханзабазда бадир зазлъун чIолаан.

Гьанже ругецани залимзабазул,

Чакар-чай гьекъола замзам гIадинан.

Наибзабаз кьураб гIарац абуни,

Лъороблъун толаро, ургьибги лъола.

Гьезул тIутI кваназе кодобе щвани,

Кванан гIорцIуларо гьал муршидзаби.

Росабалъе хьвадун, хIалкъаби гьарун,

Кке-ккезе гьабула чвантиниб гIарац.

Жал хвараб мехалда хазанаталда,

ГIарцул, меседил цIун гъансал ратула.

Гьарун-Рашидилан Имам вукIана,

Имамазабада гъорлъ гIадлу, дин тIокIав,

Гьесул заманалъул вализабаца,

Гьесул квералъ кьураб сайгъат босичIо.

Цере рукIанщинал щайихзабазе,

Ханзабазул рагьу рагьун букIана,

Гьезул рагьда чIарав вали вукIинчIо,

Алжаналъул рагьу къаялда хIинкъун.

Я цо капурчияс, я цо наибас

ЦохIо гъурущ кьуни гьанже ругезе,

КIудиял чагIаца сайгъат кьунилан,

Муридзабаздехун рохун бицуна.

Щай дуе боцIиян суал гьабуни,

Цоял устарзбаз жаваб гьабула:

Мавлид-хайраталъе къваригIунилан,

Жагьилал божулеб рагIи бицуна.

ХIарамаб, шубгьаяб боцIул садакъа,

БатIуллъи хIакъ гьабун хIадисалъ гьечIищ?

ХIарамалда хIинкъун хIалалаб тезе,

ТIадабилан гьечIищ вализабазда.

Жив аварагилан дагIба барасе,

МугIжизат гьечIого чараго гьечIо.

Камилав чиясе карамат кьела,

Балъго хутIиларо пикру гьабуни.

Щайхасе карамат гIунги тIокI буго,

БоцIул тIалаб гьабун, бацIлъун чIечIони.

Гьесул муридзаби «уяллъун» тела,

Царал гIамал гьабун, хьвади танани.

Дагьаб боцIи бугес риба гьабула,

Рибадул хIиллаби лъазеги гьарун.

БоцIцIи цIикIкIараца даран гьабула,

Дарман тIагIанщинал махсароде ккун.

ГIарац-меседалде кверищ бегьулеб,

Гьаб заманаялда камилав чияс.

БоцIул бетIергьанав муршид вукIунеб

БакI дида лъаларо – дунищ жагьилав?

Муршидзабазеги боцIи бегьила,

Мискин-пакъирасе къойил бикьизе.

Ихласалде щварав муридасеги

БоцIи цIакъ бегьила витIун хьвадани.

Цере аралшинал щайихзабазул

Сияр-сулукалъул пикру гьабидал,

Гьаб заманаялъул вирд кьолел чагIи

ЩайтIанияб нухда ругилан ккола.

Цебе заманалъул муршидасухъе

Мурид гьавейилан цо чи вачIани,

Дидаса хварав чи дуй щвечIищ абун,

Цогияв цIехеян зигардулаан.

Гьанже вирдал кьолел гьал чагIияца

Дун гIадинав устар гьечIин абула.

Жиндирго цо мурид чидахъе ани

Чара-яхI тIагIула, гъибат гьабула.

Дунги устарилан цо чи вахъани,

Жиндир жо бикъулев цIогьорлъун ккола.

Вохизе ккелаан гьав цояв устар,

Диналъе квербакъи цIикIкIанин абун.

Цересел чагIазул сират, тIарикъат,

Гьадинищ букIараб, я, гьудулзаби?!

Я гьанжейищ бугеб батIулаб сират

Жаваб гьабе дие, дун вуцIцIун чIелин.

Нужей талихI кьеял диналъул вацал,

Нужецаги гьабе ракI божун пикру.

Гьаб заманаялъул вирд кьолел чагIи,

ГIадада хвараб жо гьабулел гьечIищ?!

Муршидасул макъам гьечIел чагIазе

Рукъалъул бокIнилъ чIун гъурлат лъикI гьечIищ?

ГIадамазе пайда лъикIилан ккани,

ШаргIиял ахIкамал малъи лъикI гьечIищ?

Гьаб дуца абулеб бацIцIадаб тIарикъ,

Гьединго вацIцIадав камилав муршид,

Гьанже кисайилан суал гьабуни,

Гьелде данде кьезин цо къокъаб жаваб:

Оцол лълъарин абун хIамил гIин ккоге,

Динул гIажузалда къвал бан, даимлъе.

Пикъгьиял пуругIал тIуразе гьаре,

Къаси-къад чIечIого салават битIе.

ШурутIал тIубарав муршид щвезегIан

Гьедин хьваданани, мун вахъун ккела.

Цебе заманаялъ тIагIанин абун

ТIахьаца бицунеб тIарикъат абун.

ШаргIияб нухги тун, расму ккуразе,

Щиб пайда щвезилан вирдал малъулел?

Уяб хIакъаб буго диналъул вацал,

Муршидго гьечIого заман теларо.

Дунялалда ругел тIолго икълималъ

Я цо-цо вукIина, я цо вукIина.

ТIолго дунялалда цо вукIаниги

Гьесул пуюзаца дуниял цIела.

Дуниял цIун буго устарзабазан,

Дуниял хирияв цо устар вугищ?

ТIарикъат лъаларев чийищ вукIарав

Атадазул рукну ИмамшапигIи.

ТIарикъ малъун гьечIин гьес тIахьал гьарун,

Гьелде кантIуларел чагIиго кинал!

ТIарикъат лъачIевищ Шамил вукIарав,

Росулъ гIулби тIамун, ислам малъулев.

АлхIам, атахIият дурус гьечIезе

ТIагIзиралги гьарун, халкъ тIобитIулев.

ГIободияв Сайид МухIамад-хIажи

Анкьго икълималъул къутIбу вукIана.

Гьес изну кьунилан вирд кьолелщинал,

Гьесда релълъунилан ракIалде ккоге.

Гьес изнудал кагътал кьолеб мехаца

Дун вукIана аскIов, нуж божа дида.

Изнуялъе хIакъав гIадан гьечIилан

ГIодулаго кьуна изнудал кагътал.

Гьижра гьабун ине цо къо хутIидал,

ГIалимзабаз цIураб мажлисалда гьорлъ,

МутIмаинналдаса тIаде вахарав

Чиго гьечIин абун цIакъ зигардана.

Какие чуризе лъаларел чагIахъ

КъваригIел кканилан гIемер къварилъун,

Вехь гьечIеб гIи гIадин рукIиналдаса,

БукIайилан кьуна изнудал кагътал.

Масала, цо чини муршид вукIина,

ТIарикъат камилав шайих вукIина,

ШаргIиял ахIкамал рехун таразда

Вирдал малъунилан щиб пайда бугеб?

ШаригIат ккун ругин гIадамалилан

ГIабдалас гурони дагIба баларо.

Ккараб дагIбаялъе хIукму гьабизе

Къойил диваналда рихьулел гьечIищ.

Гьаб дир гIажамалда щаклъи ккаразул

Щаклъи тIaca инзе мисал рехсезин,

Ихлас бокьаразе тIокIлъигун гIолеб

Къокъаб рагIи бицун ахир кIалъазин.

Лъар бахине къудрат гьечIел чиязе

ГIор бахине къудрат киса букIинеб?

ГIурулъ лъадаричIел лъелал чагIаца

Гамаго гьечIого ралъад бахинищ?

Вакъидал кваназе чед гьечIев чияс

Чидар гIадамазе чурпа кин кьолеб.

Кидаго гIорцIичIев мискин-пакъирас

Ракъарал аскарал кинан хьихьулел!

Гьал чагIазде рагIи ккеялда гIодун,

Инналилагь, цIале, дин бацIцIадав вац.

ГIемерго пащманлъун, патихIа тIаме,

ЛъугIун, тIубан бугин диналъул амру.

Сулукалъул тIахьал рихьарав чияс,

Гьаб дир гIажамалда гIайиб чIваларо.

ГIадада гIайиб чIван жагьил кIалъани,

Гьесул гIайибални гIурулъ рехила.

Дирго къадру-къимат дида лъалелъул,

Нечонги вукIана гьадин кIалъазе.

Кьурул рагIалабахъ цо къавм бихьидал,

«Воре» абичIого чIезего кIвечIо.

«ИхIяалда» жаниб мисал хъван буго

Сулукалъул раис хIакъав Имамас,

Истикъамат гьечIел супизабазул

ДагIбаби къотIулеб, мугъал рекулеб,

Жидеего жалго гIурал гIадамал

Гьелъул пикру гьабун кIалъан лъикI буго.

КантIи, пикру гьечIел супизабазда

Квер хьвагIун, салам кьун дун вуцIцIун чIела.

 

Жинда Аллагь разилъаяв Гьигьалъа ХIусайниясул назмуялдалъулъ нилъее загьирлъана устар Сайид ГIободиясул قدس سره хIакъикъияб Аллагьасде гIагарлъиялъул рахъалъ къанагIатав чиясе гурого щолареб даража-макъамги, тIарикъаталъул рахъалъ тIадеги баяналги.