ГIОБОДИЯС
قدس سره
АБУЛААН
Жив мурид вугин, жиндир муридзабиги жиндие устарзабилъун ккун ругин, жиндие
бокьараб жоялда гьел нахърилълъунарого, жив гьезда нахъвилълъине ккун. Гьединал
чагIиги жиндир муридзабилъун рукIине мустахIикъал гьечIилан абулаан шайихас.
Жиндир устар гIадамазда гурхIуларилан ракIалде ккарав чиясда гIадамалги гурхIизе
гьечIо. Гьесда ракIалде ккани устарасдаса пайда щоларилан, гьесие устарасдаса
пайдаги щвезе гьечIо.
ХIалтIиялде машгьулав чияс вирд гьабизе бегьула кивениги унаго нухда ва гьеб
гурелъубги.
ХIалтIуде араб бакIалда цо парччи цIураб гурони лъим гьечIони, цо рахъ хIалтIизе
гьабе какичуризе, цояб рахъ тIагьарат гьабизе ва гьеб гуребги хъублъи тIаса
инабизе.
ГIободиясда
قدس سره
гьикъана, цо къоялъ рабитIа гIемер гьаби лъикIаб жойищин, яги нахъчIвараб
жойищилан. Жаваб гьабуна лъикIаб жо бугилан.
Дида рагIана ГIободияс
قدس سره
абулеб, рузман къоялъ Аварагасдеﷺ
битIулеб салават гьоркьоб къотIизабун кIалъаялъул зарал гьечIилан. Цогидал
вирдаздехун хилифлъун, гьоркьор кIалъазе бегьуларо, кинниги чара гьечIолъиялъул
нухалда салам буссинабизе бегьила. Цоги гьес абуна: «Рузман кьоялъул салават
хамиз къоялъул къалъул гIужалдаса байбихьун битIизе бегьула рузман къоялъул
ахиралде щвезегIан».
Муридасда жиндирго устар ракIалде щвараб мехалъ ва гьесдеги гIашикълъараб мехалъ,
чвахун унеб лъадахъ валагье, устар вихьизе вуго, гIишкъуги буссине буго. Ялъуни
гIурччинал гъутIбузухъ валагье, гьенивги вихьизе вуго, гIишкъуги буссине буго.
Цо къоялъ цIикIкIине гьабун, цоги къоялъ дагьлъизе гьабун, вирд гьабизе
бегьуларо.
Гьесул гIадат букIана ретIел квараналдасан байбихьун ретIунеб, тIаса бахъулаан
квегIалдасан байбихьун.
Черхалда бахараб хъублъи гьес кваранаб квералъ тIаса инабулароан.
Кьураб жо квегIаб квералъ босулароан. КвегIаб квералъ чияхъеги кьолароан.
***
Сайид ГIободияс
قدس سره
малъулаан:
-Гьаб дунялалда тIад букIанщинаб куллу-гIалам ГIарасаталъул
майданалде хIисаб-суалалъе БетIергьанас ракIарараб мехалъ, гIаданиб
нах гьалиледухъ ракьалде бакъ гIагарлъараб къо букIине буго.
Гьеб мехалъ МахIшаралда сверун лъугьун амлаказ гIадамазе гIакъуба
кьолеб мехалда, циндаго, гьатIипалъул гIадинаб цо гьаракь рагIулила:
«Аллагьﷻ
вокьи-дин бокьи, ХIабиб вокьи-дун вокьи! ГIун бугин гьезий гIазаб,
тейилан гьарулила.»
Гьениве цеве вачIунила, жибго гвангъараб бакъ гIадин, Муршидун
Камил, ва киналго гIадамал гьесул гьаркьидаги хIайранлъулила.
Цинги хадуб абуни кулли гIаламалъул рахъунила жидеего кумек
гьарулел гьаркьал: Аллагьﷻ!
ХIабиб! Устар! -абун.
Гьелдаса хадуб Аварагасулﷺ
пишаби, гьесул суннат, иттибагI-гьеб кинабго цIунаравщинав чи
вачунила Муршидас ХIабиб АхIмадихъе, алжаналъул агьлу хIисабалда.
Вореха, нуж Хирияв ХIабибасул суннатазде кIвар кьолареллъун рукIунге
жакъа дунялалда, метер ахираталъул къоялъ къосун ккаразда гъорлъ
ратичIого рукIинелъун, - абун.
***
Сайид ГIободияс
قدس سره
жиндирго муридзабазда абулаан:
«Анкьабилеб зодосан гIодоре рортиго лъикIаб буго нужее, дир
берзукьа рортиялдаса. Анкьабилеб зодоса гIодове вортарав чи
холаро, дир берзукьа гIодове вортарав чи хола», - ян.
Сайид ГIободияс
قدس سره
абулаан:
«Жиндие вирд къваригIун вачIарав чиясда малъизе изну буго,
бокьарав муридасул, хисичIого рабитIа лъалев чи вугони», - ян.
***
Сайид ГIободияс
قدس سره
абулаан:
«Устарилан вачIарав чиясда нужеца гьикъейила, МухIамад
Аварагасдаﷺ
хадув мигIражалде унеб мехалъ, дуда цевеги хадувги щив вукIарав?»
- абун.
Гьединго, абулаан,
дунги вихьичIев, дунги вокьарав, дир вирдалги гьарурав чи-дир
мурид вуго. Гьесде дир балагьиги щвезе буго, дун вихьарасдасаги
цебе.
Жеги абулаан,
дун чIаго вугеб мехалъ, лъалиниб лъураб хвалчен гIадин вукIине
вуго, амма хун хадув абуни, лъалиниса бахъараб хвалчада релълъун
вукIине вугохаянги.
Нахъеги жинда Аллагьﷻ
гурхIаяс абун буго.
«ТIадегIанав Аллагьасﷻ
дие квербакъи гьабуна дун
Сиррул къадаралде
ваккизавизе.» абун.
Сиррул къадар
абуни буго
ЛавхIул махIфузалде
хIукму босулеб бакI.
Гьабги буго Сайид ГIободияс
قدس سره
бицунеб букIараб жо.
«Ажвибатун марзият»
абураб тIехьалда абулеб буго.
«Васазда, ясазда, руччабазда, багьа тIадегIанаб ретIел ретIун,
бертаби гьарун, ясалъе къайиги кьун, рукъалъул агьлуялъ яс
фасикъасе кьун, васасе фасикъайги ячани, фасикъзабаздехун хурхен
гьабулел чагIазе гIела Аварагасулﷺ
гьаб хIадис абун. ХIадис:
фасикъасе яс кьурав чиясде сордо-къоялда жаниб Аллагьасулﷻ
азарго нагIана рещтIуна, гьесул гIамалги бахунаро зобалазде,
гьесул дугIаялъе жавабги гьабуларо, гьесул фаризаяб ва суннатаб
какги къабул гьабуларо. «Анисул жалис»
абулеб тIехьалда буго, яс гьарани гIалимчияс, яги гIелму цIалулев
чиясниги, гIибадат гьабулев чиясниги-гьарун кьечIони, фасикъасе
кьуни, чIужуялда цIар ккела. Яс разилъани, гьезги гьарулаго,
фасикъасе кьезе, гьейги кафурлъила.
Бищун бигьаго нилъ щайтIаналъ гъоркье рехулеб бакI буго
къадаралда иман лъунгутIи. Аварагасﷺ
анлъго жоялде иман лъеян амру гьабуна жиндирго умматалъе:
Аллагьасдеﷻ;
малаикзабазде; тIухьдузде; аварагзабазде; Къиямасеб къоялде;
къадаралде. Аллагьасдеﷻ
иман лъуравлъун вукIунаро, къадаралде иман лъечIев чи.
-Нужедасан цояс гIибадат гьабула, иманалъул рагIалги ккун
жиндиего лъикIаб жо щвани, Аллагьасеﷻ
реццги гьабун, алхIамдулиллагьанги абун. Амма рихараб жо тIаде
бачIани, гьезул гьумер букIкIуна-гьел руго дунялги ахиратги
жидеда кодоса босарал чагIи. Аллагьасулﷻ
хIукмуялда данде чIчIезе бегьуларо гьеб кинаб бугониги, чIчIани
гьев чиги кафурлъула.
-Нифакъ, чIухIи, хIасад, хIал хъублъи ццин бахъин, хиянат гьаби,
гъибат, гьереси бицин, макру, хIилла ва гьел гурелги рекIелъ
хъублъи бугев чи исламалъ какула чияр жо бикъулесдасаги, зина
гьабулесдасаги, жа гьекъолесдасаги цIикIкIун.».
***
Сайид ГIободияс
قدس سره
камилаб иманалъе микьго рукну бихьизабун буго.
Гьел рукнабиги гьал руго:
зикру; хиялаздаса ракI цIуни; суннат цIуни; ХIабибасул тIабигIат
кквей; шайихасулгун гьалмагълъи кквей; шайих гуреб жо кIочонтей;
шайихас жинда зикру малъи; шайихасул гIакълуялда, гIалим
вугониги, нахъвилъин.
Гьаб микьабго рукну буго чара гьечIого камилаб камалаталде
вахарав чиясе бугеб жо.
Бичас нилъей иманалъе
Микьго рукну кьун буго.
Гьезул цохIо камун тани,
Гьесул иман тIубаларо.
ТIаса хвалчен боси гуреб,
Хабалъ гIазаб босуларо.
Микьалъулго цо камуни,
Нифакъалъул цIар абула.
***
Ахиралда гьанир рехсезе мустахIикъаллъун рихьана Гьарадерихъа ХIабибуллагьил цIакъго рекIелъ рекъараб вагIзаялъул рагIаби: «Я, мун-Аллагьﷻ разилъи тIалаб гьабулев чи, чияр гIамал цIазе кодоб ккураб цIадироги гIодобе рехун, дурго xleтle чIолеб бакIалъухъ валагье. Дурго нафс цIалеб цIадироги кодоса кьуризе биччаге. Къиямасеб къоялъ дуда дурго гIамал гурони цIехоларо. ЛъикIаб гъабизе, квешаб тезе тавфикъ къеги Аллагьасﷻ».