Сайид ГIободияв
قدس سره
- гIелмудал ралъад
Жинда салат салам лъеяв нилъер хирияв МухIамад Аварагасулﷺ
цо хIадисалда абулеб буго:
«Нужеца гIелму щула гьабейила хъваялдалъун»
абун. Нилъер анкьумумулъанго бачIараб абиги бугелъулха:
«Къалмица хъвараб - хонжроца хъвагIаларо»
абун.
Сайид ГIободияв
قدس سره
вукIана гIажаибго караматаб гIелмудал ралъад. Гьеб дунялго жинда хIайранаб
ралъдал тIиноги, гIатIилъиги ва берцинлъиги дагьабниги нилъедаго лъазе ккани,
нилъ раккизе ккола Сайид ГIободияс
قدس سره
гIемераб къоги бихьун, заманги тIад хвезабун хъварал, кинабго рахъ жидер камилал,
хIикматал тIахьаздеги ва гьесул хIакъалъулъ ругел цо-цогIаги нилъерго ракьцоял
гIалимзабазул, мукъсанал ругониги, баяназдеги.
Диналъул чирахъал, чияр ракьалда,
Ракьулъ рукъарал нуж къанабакь лъечIо!
Къадар щун Аллагьасﷻ
рачун аниги,
Анирго хутIана, хвел гьечIеллъун нуж.
Сайид ГIободияс
قدس سره
гIадин, цудунго къалам кодобе босарав гIалимчи Дагъистаналъул тарихалда киданиги
вукIинчIин абуниги, нилъ кигIан дагьалъниги мекъи ккеларо. Нилъеца тIехьалъул
байбихьудаго бицен гьабун букIана гьев гIаламатав Сайид
قدس سره
хъвадаризе жувараб куцалъул хIакъалъулъ. РачIа тIад руссинин гьенирего:
Жеги щуго сон тIубачIев чи МухIамад
قدس
سره
инсул щакъи- къаламгун квал-квадизе жувайдал, инсуца васасда гьикъана:
«Щиб дуе бокьун бугеб, дир вас?» -
абун.
Васас жаваб кьуна:
«Дие цIализе-хъвазе лъазе бокьун буго, дада!» -абун.
Инсуда гIемерав воххиялъ магIу кквезе кIвечIо: гьес гьитIинав МухIамад
قدس سره,
кодовеги восун, каранде къана,
«дир баракатаб хазина»
янги абун.
Инсуца хIурупалги хъван, гьел васасда кодоре кьуна.
-Дада! Ал дида лъалагури! - янги абун, щуго сон барав васас, лъицаниги малъун
рукIинчIониги, киналго хIарпал цIалула.
Ва гьелдалъун инсуе мухIканлъана жиндирго гьитIинав МухIамад
قدس سره
гIарипинав вугевлъи.
ГIажаибго къаси-къад тIад чIчIун, кIудияв чияс гIадин, лъазабулеб букIана гьитIинав
МухIамадица
قدس سره
гIелму. Щиб суал гьесие кIудияз кьуниги, гьеб параялдаго щолеб букIана чIванкъотIараб,
мухIканаб ва битIараб жаваб гьитIинав гIалимчиясдасан. Гьеб букIана гIажаибаб гIаламат,
жибго гIабадерил росдае гуребги, тIолабго Хундерил тIалъиялъгоцин жинда хIикмат
гьабураб.
Гьадиятлъун халкъалъе Къадирас кьурав Сайидас
قدس سره
хIалкIун балъго гьабулеб букIана рекIелъе гьулчун бачIун, тIадеялдаса- тIаде хIикматалъул
хIавузалде сверулеб бугеб сирруялъул гIажаибаб асар.
МухIамадица
قدس سره
цIакъго цудунго тIокIкIинабуна жиндирго инсудасан босизе рес букIараб гIелму.
Гьесда бичIчIана жиндие хадусеб гIелмуялъул ралъдал гъварилъиги, паналъиги,
пасихIлъиги ва камиллъиги щвезе рес букIин гIадатиял гIалимзабаздасан гуреб, гIицIго
гIарипиназдасан.
ВукIинисев КъутIбул Гъавсас
قدس سره
инсуда лъазабуна:
-ГIицIго гIарипиназдасан буго бецIал ракIазе канлъи. Гьединлъидал, дицаги гIицIго
гьездасан тIалаб гьабизеги буго диего хадубккун букIинисеб исламияб гIелму, -
абун.
Кинабго рахъалъ жиб бусурбабазе хирияб Макка-Мадинаялъул ракьалде щведал, Сайид
ГIободиясе
قدس سره
рес ккана ахирги, рагIа-ракьанде щун, Аллагьасﷻ
жиндие гьарзаго кьураб гIелму-лъаялдаса пайда босизе ва ракI-ракIалъ рагьун
диналъул бицине. КъутIбул гъавсасда
قدس سره
гьениб батана эркенго жиндирго пикру загьир гьабизе ресги ва гIеллъуялда тIад хIалтIизе
квегIенлъабиги. Хирияв Аварагасулﷺ
ракьалда Сайид ГIободиясда
قدس سره
кинабго рахъалъ квер чIвана, гьеб баракатаб ракьалъул цояздаса-цоял цIакъал цIар
бугел гIалимзабазги, гIакъилзабазги, тIарикъаталъул устарзабазги ва диниял хIаракатчагIазги.
Гьеб киналъго Сайид ГIободиясе
قدس سره
рес кьуна гIелмиял тIахьазда тIад хIалтIизеги ва гьел гIадатиял бусурбабазухъе
щвезаризеги. Дагъистаналде жиндаго хадур рилъаразе кумекалъе къанагIатал тIахьал
ва малъа- хъваялъул кагътал ритIизеги.
Сайид ГIободияв
قدس سره
жиндие киналго мукIурав камилав муршид вукIин гуребги, гьесулъ букIана инсанасул
рекIелъ диналъул чирахъ бакизе кIолеб гIажаибго хIикматаб ва хIайранаб
даражаялъул рухIияб къуватги, пикруялъул гъварилъиги, каламалъул пасихIлъиги ва
къаламалъул бегIерлъиги.
ГIелмияб рахъалъги киназдаго лъазе кколел къанунал гIадамазда лъазе гьариялдаго
цадахъ, Сайид ГIободияс
قدس سره
гIелмуялъул камиллъиялде жал рахаразе хас гьабун гIараб мацIалъул динияб
лугъаталда рекъон хъварал руго киналго гъваридаб магIнаялъул тIахьалги. Гьезул
къадар абуни бахуна къоло щугониги тIехьалде. КIудияв Вали-шайихас
قدس سره
гьел хъвана: Дагъистаналда; Турциялда ва Макка-Мадинаялъул ракьалда.
Гьединлъидал, гьел тIахьазул киналго гIадин, рикьа-рихун руго гьелго гIарабиязул
улкабазда.
Дагъистаналда абуни руго, гIицIго, гьев Аллагьасулﷻ
хIикматав Валияс
قدس سره
хъварал гьал жидер цIакъго къимат тIадегIанал тIахьал:
1.
Сулук МахIмудият
2.
Адабул Марзият
3.
Манасикул ХIаж-ХIажалъул
арканал
4.
Набзату фи ГIамали
5.
Набзат-ус-санар
6.
Набзат-ус-санат
7.
Китабул фи БаратIи
8.
ШархIул Фигькъил Акбар
9.
Канз-уд-дурар
10.
Мавагьибул Асрар-Сипатазул бицунеб тIехь
11.
МухIаррар-Мухтасаралъе
баянал
12.
ФатхI-ур-рахIман -РахIманасул
рагьи
13.
Шаварикъ-ул-анвар
Аслияб къагIидаялъ гьел тIахьазда бицунеб буго: шаригIаталъул, тIарикъаталъул,
иман-исламалъул, ихIсаналъул, адабазул ва суннатазул хIакъалъулъ.
Канз-уд-дурар тIехьалъул
гьумер
…Эсул тIахьазда жанир акъвалал гIемер руго,
Пайда босзе бокьани, бокьарас къвалакье къай.
Кашпу, караматалъе «Канз-уд-дурар» гIоларищ,
Расму-гIадат кьучIдасан рехун бугин бихьизе.
ГIарац-месед нужеца хазинаде цIунуге,
Хазина бокьараца «Канз-уд-дурар» кодоб ккве.
Ралъад буго «МухIарар» лъедезе бокьаразе,
Гьунар бугев гIалимас фатва босе жанисан.
«Шаварикъул Анваран» цоги тIехь буго эсул,
ЦIвабзазда гъорлъ бакъ гIадаб, халкъалъе канъи кьолеб.
Эсул «Набзатул Санад» битIаралде халкъ цIалеб,
Инсанасул мугъ чIвазе сангар къалеб гIадинаб...
Сайид ГIободиясул
قدس سره
киналго тIахьазул щибаб тIамачалъ борхатаб гьаркьидалъун ахIулеб буго нуж
Аварагасул
ﷺ
суннатазда сундулъго нахъ рилълъаян абун.
Жакъа къоялда гьел тIахьазулгицин буго цIакъго кIудияб кIвар, Сайид ГIободиясул
قدس سره
гIелмияб даража борциналъеги, гьес динияб гIелму цебе тIезабизе гьабураб
жигарчилъиялъеги кколеб битIараб къимат жакъасел наслабаз кьезе букIине, гьесул
рухIаниябгун-жамгIияб хIаракатчилъи борциналъеги ва гьелдаса жакъасел
дагъистанияз битIун пайда босиялъеги.
Жакъа къоялъгицин дагъистаниязда гьоркьор хутIун руго Сайид ГIободияс
قدس سره
жиндирго тIахьал гIажаибаб хIикмалъиялда хъвалел рукIарал куцалъул гIаламатал
биценал.
Гьале гьезул цояб:
Сиррул къараралде жив ваккизе гьавурав гьебги буго лавхIул махIфузалде гIелму
биччараб бакI гьесул къадру-макъамалда хадув чи гъоларо. Дунялалъул рахIат жинца
босичIо. Къад гIадамазде вуссун, къаси тIахьазде вуссун, лахIту гIадаб бецIаб
рокъов, чирахъги бакичIого, кIалалъ зикруги бачунаго, кваранаб квер къаламги
ккун хъвадарилеб, квегIаб чIумал сверулеб букIунаан гьев гъаримасул. Жидерго
дарсал цIалулел мутагIилзабиги рукIунаан.
КIал кквейги даимаб букIана. Анлъго къоялъ кIал ккун, анкьабилелъ мажгиталдаса
вахъун вачIунаго тарана дагьав. Жинца абуна гьадигIан гIакъуба кьелароан дица
гьаб черхалъе букIараб, гIурусазе хъулухъалда ругел милицабиги жужахIалъуй
риччаларилан гуребани абун.
Жиндир хьул лъураб жо жиндие щвани, жинца гьеб кваналароан напсалъе бокьараб жо
гьабиларилан.
Гьев Сайид ГIободияв
قدس سره
вукIана камилав шайих, тIадегIанал хIалазул бетIергьан, Аллагьﷻ
лъаялдалъун футухIатазул асс, накъшубандияб тIарикъаталъул Сайид, анцIила
ункъабилеб къарнуялъул, тIолалго гIарабиялгин-гIажамиял жиндие мукIурав Имам,
Аллагьасﷻ
дин цIи гьабизе бищунго захIматаб заманалда витIарав мужадид.
Сайид ГIободиясул
قدس سره
мурид Хьиндахъа МуртазагIалица гьикъун буго жиндирго Вали-шайихасда гьеб
лъабабго жо цого заманалда кинин духъа гьабун бажарулеб гьедин мухIканго абун.
Устарас жиндирго муридасе гьадинаб жаваб кьун буго: «Дида тIадаб гьечIо
щакъиялдаги ччун мухъил рагIалда къалам лъей гурони. Цинги Аллагьасﷻ,
жиндирго къадаралда рекъон, гьеб билълъине гьабула», - абун.
Сайидасул киналго тIахьал Къуръан-хIадисалдасан росун данде гьарурал руго. Гьес
гьениб рехсон гьечIо цересел мусанифазул рагIаби, далил бачиналъе гIоло гурони.
ТахIкъикъалъул агьлуялъул шартIги цоги чиясул калам далиллъун гурони жидер тIахьазда
жаниб хъвалареб буго. Гьелдалъунги бихьулеб буго жинда Аллагьﷻ
разилъаяв шайих ГIободиясул макъамалъул тIадегIанлъи.
Расуласул ирс босарал акътIабазе гурони кIудияб фатхIу букIунарелъул, гьедин
букIин лъала вализабазул тIахьаздасан. Гьединго, гьесул хиралъабаздасан буго
гьев вукIин Аварагасул
ﷺ
нухалда цIакъ нахъвилълъун, жинда Аллагьﷻ
разилъаяв, вукIана хавасаздаги гIавамаздаги жанив, гьелдалъун машгьуравлъун.
Жинда Аллагьﷻ
разилъаяв Сайид ГIободияс
قدس سره
гIемер абулаан: «РекIел хиял; кIалзул жаваб; чорхол гIамал цоцазда рекъон рукIине
ккелилан ва суннаталде хилипаб жо шаргIалъ къабул гьабуларелъул», - абун.
Сайид ГIободияс
قدس سره
хъвалеб буго: «Дица «Канз-уд-дурар» абураб тIехь хъван лъугIараб мехалъ, гьатIипалъ
диде ахIана: «Гьеб тIехьни хъванин дуца, амма гьеб бичIизе кIолел гIалимзаби
гьечIо Дагъистаналда - ХIоцоса ГIабдулатIипги, ГIоротIаса Шайхул Исламги гурони»,
- ян абун.
ГьебсагIатго дида ракIалде ккана Муниса ГIабдусаламидагидай, Аргъваниса
Шамхалдибиридагидай, ХIоцоса Нажмудинидагидай гьеб бичIчIилареб абун?
ГьатIипалъ ахIана: «Аргъваниса Шамхалдибирасдаги, ХIоцоса Нажмудинидаги бичIчIизе
бегьилин гьебан» абун. Амма Муниса ГIабдуласамил хIакъалъулъ щибго жо ахIичIо.
Шайхул Исламил хIакъалъулъ дица пикру гьабуна ва гIажаиблъи гьабуна гьатIипалъ
Харахьиса СагIидги рехсечIого, Шайхул Ислам рехсеялъе.
Гьеб мехалъ диде ахIана гьатIипалъ Шайхул Исламие файиз битIун Ибну ГIабасидасан
бугин.
Гьеб мехалъ дица киналго гIалимзабазул пикру гьабуна, гьезда гъорлъ дида ватичIо
ЗанатIаса ГIабдуллагь гурони гьеб бичIчIулев чи. ГьатIипалъ ЗанатIаса ГIабдуллагьги
рехсечIо, амма дида ракIалде ккана гьесда малъани, тIехьалъул магIна, гьесда
бичIчIилилан.
Гьаб кинабго дица бицараб ккана
«Канз-уд-дурар»
абураб тIехь хъван бахъун хадуб цохIо сагIаталъул болжалалда жаниб», -абун.
Сайид ГIободияс
قدس سره
хъванщинал тIахьал цIалана гьал хадур рехсарал гIадамазе:
ГIуриса Дибирасе; ГIавухъалъа ТIалхIатхIажиясе; Алмахъалдаса ГIамиргIалихIажиясе;
Хунзахъ-Сивухъа ГIалихIажиясеги.
Гьал тIахьал лъаларо жиндир изну гьечIев чиясда, мегеж кIкIвалев чиясда, тамахьу
цIалев чиясда, цоги фискъуялде кколел пишаби хIалтIизе гьарулев чиясдаги.
«Канз-уд-дурар»
- маргъалазул хазина.
Раббанияв
Имам, киналго тIарикъатазул къутIбу, шайих МухIамад ХIажи ГIободияс- Къади
Къебедил вас Гъомекиса МухIамадил вас кIудияв шайих ГIалица хъвараб «Мухтасаралъе»
кьураб баян.
«Мавагьибул асрар»
- халкъалъул анкьго батIи-батIиял сипатазул хIакъалъулъ раббанияв Имам МухIамад
ХIажи ГIободияс хъвараб тIехь.
«Манасикул хIаж» -
хIаж борхулаго тIуразе тIадал жал.
ГIарипиназул Имам, киналго рахъазул къутIбу ХIажи МухIамад ГIободи.
Раббанияв Имам МухIамад хIажи ГIободиясул тIехь гьес хъваралдаса хъварав ва
гьелъул бетIергьанчи вуго Къелеса ГIалил вас МухIамад.
«МухIарар»
абураб жиндирго тIехьалда Сайид ГIободияс
قدس سره
абун буго кинабго ритIунккей суннаталда нахърилъиналдалъун бугилан. Кинабго хатIалъиги,
нухдаса кьуриги суннаталда нахъбугелда релълъун букIуна абун.
Гьединго, гьенибго хъван буго алжаналда Аварагасгунﷺ
цадахъ гьалмагълъи суннат ккурал, гьесда нахърилълъарал чагIазе хасаб бугилан.
Раббанияв Имам МухIамад хIажи ГIободиясул тIехь гьес хъваралдаса хъварав ва
гьелъул бетIергьанчи вуго Къелеса ГIалил вас МухIамад.
***
«Фикъгьил акбар» -
абураб тIехьалъе ГIободияс гьабураб шархI- ай кьураб баян.
Аллагьасулﷻ
ГIулумазул гIалим, ссамданияв гIариф, киналго вализабазул сайид, асфияазул кIанцIулеб
бакI, анцIила ункъабилеб гIасруялъул мужадид ХIажи МухIамад ГIободи
Аваристаналда гьавурав, Маккаялъул МугIалаялда вукъарав.
Жинда Аллагьﷻ
разилъаяв Сайид ГIободияс
قدس سره
жиндирго
«Набзат-ус-санар» ва «Набзат-ус-санат»
абураб тIахьазул авалалда хъвалеб буго авалалда суннаталда нахърилъиналдалъун гIелму
хиралъизабиялъул бицунеб бакIалда: «КагIбарукъалъул бетIергьан АллагьасхIаги
Суннаталда рекъараб фикъгьияб масъала, я шаргIияб гIамал лъазе гьаби хирияб буго
70000 хIеж гьабиялдаса, нус-нус гъазават гьабиялдаса, чамалиго азарго гьоко цIураб
месед-гIарац садакъаде кьеялдаса, щибаб сардилъ вахъун, къад кIал ккун тIагIат
гьабиялдаса. Щай абуни гьеб кинабго холелъул суннаталде хилиплъани.
Киналго хиралъабиги гIамалалги черхалда релълъун ругилан, гьелъул ракIги гIелму-хIикмат
бугилан, гьелъул чIаголъиги суннат-итибагI бугилан.» абун.
***
«ФатхI-ур-рахIман»-
«РахIманасул рагьи».
Раббанияв Имам МухIамад хIажи ГIободиясулقدس
سره
тIехь гьес хъваралдаса хъварав ва гьелъул бетIергьанчи вуго Къелеса ГIалил вас
МухIамад 1323. 1905сон.
Гьаб хIисабалда хадуб, Аллагьﷻ
разилъаяс абун буго дида бихьараб жо буго гьеб хIисабги гьалаглъиги суннат
теялдалъун букIин, мунагьал гьарун кколеб жо гурин, мунагьал чурулин абун гIемерал
аяталги, хIадисалги ругелъул, жеги гIалимзабаз абун буго мунагьал чуреян гьаричIониги
чурулилан.
Гьабго тIехьалда абун буго Аллагьﷻ
вокьулев вукIин лъалеб жо- суннаталда нахъвилълъин буго абун. Гьединго, гьабго
тIехьалда абун буго гьеб рехсараб аяталъ бицунеб рокьиги, нахъвилълъинги
гъваридаб ралъад бугилан, гьеб бахунел гумулги щоларо Аллагьﷻ
лъаялъулги якъиналъулги гамихъабазухъе гурони. Гьелда тIад дица калам гьабуни,
нусго жилд тIахьазул лъугьинаан абун.
***
Гьединго, гьебго тIехьалда буго абун:
«Къул ин кунтум тухиббуна ллагьа фатабигIуни юхIбибкумуллагьу»
абураб аяталъул магIна ва гьелъул хIакъалъулъ гьел лагъзадерие дун вокьи гьечIила,
МухIамадﷺ
, дур суннат ккун, дуда нахърилълъиналдалъун гурони. Аллагьасﷻ
Расуласде хитIаб гьабун буго ва абун буго дуда нахърилълъинчIев чиясе дун вокьи
букIунарилан. Гьесдаги БетIергьанасдаги гьоркьор пардавал гьарилила суннаталдаса
ватIалъараб къадаралда.
Жив Аллагьасдеﷻ
щванилан цо чияс дагIба гьабуни, караматалги загьир гьарун, цониги суннат тани
гьев гуккарав чи вуго.
Гьесие гьечIо Бичасул рахъалде нисбат, Аллагьасухъеﷻ
щвейни кисан щолеб гьесие. Гьеб Расуласда нахъвилълъун вугониги, Аварагасгиﷺ
абун буго гьаваялъул лагъ басралъанилан абун.
Гьебго тIехьалда Сайид ГIободияс
قدس سره
абулеб буго, тIад бугеб хъублъиго гIадин, рекIелъ жаниб бугебги тIагIине гьабизе
ккелилан.
Гьелги гьал руго:
куфру; нифакъ; чIухIи; хIасад; хIал хъублъи; диналъе гIоло гуреб ццин бахъин;
рияъ; хиянат; бахиллъи; махсаро-хочI; рибат; гьереси; мацI; макру; хIилла;
тушманлъи; зулму; цIогь; пандур; хъумуз; зурма.
Гьел руго ислам ине гьабулел, ракI бецц гьабулел, макъамалде щвезе толарел жал.
РекIелъ макру, хIилла, хъублъи, дунял бокьи гIадал жалги рукIун, как бани, кIутIун
тавбуги гьабун, гьеб как цIи гьабизе ккела. Инсанасул рекIелъ гьединал унтабиги
рукIаго, гьесие тIагIат-гIибадаталъул мунфагIат букIунаро.
Аварагасﷺ
абун буго:
«Иманалъул нух- Аллагьﷻ
рехсей буго»
абун. Гьединго абун буго:
«Иманалъул 70-гоялдасаги хадуб гIаркьел бугила. Гьезул бищунго хириябги “Лаиллагьа
илаЛлагь” бугила. Ва бищунго гIодобегIанасебги- нухдаса гIадамазе зарал гьабулеб
жо нахъе рехи бугила. Нужеца нужерго иман цIи гьабейила
«Лаиллагьа илаллагь»
абун. Гьелъ мунагь толарила ва гьелдаги Аллагьасдагиﷻ
гьоркьоб пардавги гьечIила»
абун.
Аллагьуﷻ
ТагIалаяс абун буго:
«Фазкуруни азкуркум, вашкурули вала такфуруни»
абун. Гьелъул магIна ккола: «Нужеца дун рехсей, дица нужги рехсела, нужеца дие
щукруги гьабе, ва диде капурлъизеги капурлъуге» абураб. Гьеб аяталда Аллагьﷻ
рехсеян абун гьабураб амруги, Аллагьﷻ
рехсей тIалъиялъги буго жинда лъан Аллагьﷻ
цо гьавиялъул бищун кIудиябги
«Лаиллагьа илаллагь»
буго.
«Ла» абураб хIарпги цIан, иллагьалъул алифги мухIкан гьабун, гьелъул гьиги сакин
гьабичIого, кквечIого, илаллагьалъул гьиги сакин гьабун, илагьалдаги
илаллагьалдаги гьоркьоб чIезеги чIечIого абила.
«Лаиллагьа илаллагь!»
абун щив чи вугониги, цIалел хIарпалги цIан, цохIо нухалъ гьесул
4000
кIудияб мунагь чIуризе гьабула, воре мун кIарчанлъуге гьал рехсарал жалазе.
Гьеб Аллагьﷻ
рехсеялъул щуго пиша буго:
ТIоцебесеб- Аллагьﷻ
разилъи буго;
КIиабилеб- щайтIаналдаса цIуни буго;
Лъабабилеб- ракI парахалъи ва ракI тIеренлъи буго;
Ункъабилеб- тIагIат гьабизе гъира бахъин буго;
Щуабилеб- мунагьалдаса цIуни буго.
Мун даимлъе квешлъи малъулеб напсалъул сипатал дулъа тIагIинегIан
Лаиллагьа илаЛлагь
абиялда. Гьелдалъун мун щола сагIадаталъул авалалде, зикру бачунаго дуца ракIалде
ккве лаиллагьа абураб мехалъ, щибниги жиндий лагълъи гьабизе ккун лагълъи
гьабулеб жо гьаб ракьалда батун гьечIилан абун. Цинги илаЛлагь аби- кутакаб
къуваталда квегIаб рахъалда каранда жаниб къазе гьабураб гIадин, бералги данде
къай, гIундулги зикруялде гIенеккизе гьаре, каки чуриялдеги даимлъе, вацIадги
вукIа, хIарамаб жоялдасаги цIуне. Шайихзабаца тIатараб, ай рагьун зикру
бачиналдалъун амру гьабун буго. РакI тархъизе, гъаплат тIагIине зикру гIемер
бачиналда тIадчIейги гьабе. ШаригIаталъул рагьдухъги чIчIун, нафсалъул пикруги
гьабе, гьеб хвезе гьабе, мунго хвезегIан цебеккунго. Гьединги буго хIадис. Гьеб
хвезе гьаби арубаб жоялъул магIнаги буго- гьелъие бокьараб гьабичIого, шаргIалда
рекъон гьабе абураб.
Дуда лъай:
Аллагьасдасаﷻ
хIинкъи буго бищун мунагьаздаса цIунулеб жо. Аллагьасﷻ
абун буго лагъасда: «Дица
кIиго хIинкъи данде чIвазе гьабиларо абун, ай дунялалда дидаса хIинкъани,
ахираталда хIинкъизе гьавиларо. Дунялалда хIинкъичIого вукIани, ахираталда хIинкъизавичIогоги
теларо»
абун.
Иманалдаса ватIалъиялдаса хIинкъи гьечIого вугев чи, гьелдаса ватIалъилин абун
буго цо асхIабас.
Дуда лъай:
чорхол гьаваги, Аллагьﷻ
разилъиги тIаде бачIунеб жо буго. Гьеб гьава беки гIассилъи ва фасикълъи теялда
бараб жо буго. Гьеб кIиябго жоялдаса нахъе цIалеб жоги- зикру буго. Гьелъул хIасилги-
Аллагьﷻ
разилъи буго. Зикру буго муридзабазул хвалчен, жинда тIадчIчIей гьабурал чагIи цIунулеб.
Ибну МасгIудидасан бицана-
Лаиллагьа илаллагьу
абурав чиясе лъикIаб буго: гьев чиясе мунагьалъ зарар гьабиларо, ширк бугеб
чиясе лъикIаб гIамалалъ мунпагIат гьабуларебго гIадин.
Аллагьﷻ
рехсолевги рехсоларевги чиясул мисал буго, чIагоявги хваравги чиясул мисал.
Аварагасﷺ
абуна:
«Цо чи вугони квенчIчIелтIе диргьамалги ран, садакъа бикьулев, цойгидав чи
Аллагьﷻ
рехсолев вугони, Аллагьﷻ
рехсолев хирияв вуго, жиндица гьеб садакъа бикьулесдасаги», -
абун.
Гьединго, абуна цойги хIадисалда:
«Бищун хирияб зикру-Лаиллагьа
илаллагь буго. Бищун хирияб дугIа- алхIамдулиллагь аби буго. Бищунго Аллагьасеﷻ
бокьулеб калима- субхIаналлагьи валхIамдулиллагьи валаиллагьа илаллагьу валагьу
Акбар буго», -
абун.
Бачинин Аварагасулﷺ
цойги хIадис:
«Аллагьасﷻ
кьураб кигIан гьитIинабги нигIматалде данде алхIамдулиллагь абуни, гьелдасаги
лъикIаб нигIмат кьела БетIергьанас».
-Дуда лъай, дир вас, мун Аллагьасулﷻ
лагъ вуго. Лагъас гьабизе кколеб жоги, гIисъянги тун, ракI бацIад гьаби буго ва
Аллагьﷻ
тун нахъияб жоялдаса вуссинги буго. Цинги мунги Аллагьасулﷻ
хIикматазул рукъалъул рагьдухъе лъугьина. Цинги мунги гьалаглъиялдасаги цIунила.
Дуе бегьуларел жалаздаса руго:
Аллагьﷻ
гуреб жо бокьи-гьелъ рекIел бацIалъи хвезе гьабула; Аллагьасдасаﷻ
гъапуллъи- киналго гIужазулъ, щибаб жоялъулъ; Аллагьасдеﷻ
ширк гьаби; кинабго жоялъулъ Аллагьасдеﷻ
мугъчIвай гьабунгутIи; асбабалгун цадахъ Аллагьасулﷻ
къадаралъул хал гьаби тей; цониги балагьалъулъ сабру гьабичIого вукIин;
Аллагьасулﷻ
къадаралда ццин бахъин; щибниги ишалъул Аллагьасул халкъалда чIухIи гьаби.
Ихлас бугев чиясул рекIелъ рукIине кколел жал:
Аллагьﷻ
вокьи; киналго афгIалазулъ Аллагьﷻ
цо гьави; таваккал тIами Аллагьасдеﷻ
гьаби киналго умуразулъ; балагьалде сабру гьаби; къадаралда разилъи; Аллагьасеﷻ
хIелхIеди ва хIажалъи гIицIго живго Аллагьасдеﷻ
буссине гьаби.
Аллагьасдеﷻ
гIагарлъиги- битIараб махIабалъул хIасил буго. Гьебги кIудияб гъазаваталъул хIасил
буго, дир вас!
КIудияб гъазават абуни ккола:
каки чури даим гьаби; хIелун Аллагьﷻ
рехсей; ракIалда Аллагьﷻ
кквей даим гьаби, гIадамазда гъолъги, живго вугеб бакIадлаги; шайихасул ракIалда
ракI бухьин- кидаго гьев жиндаго аскIов вугев гIадин, гьесул сипат-сурат цебе
чIчIезе гьабун, гьесдаса файиз тIалаб гьабулеллъунги рукIина; тIагIамги макьуги
дагь гьаби; кIал кквей гIемер гьаби; церего рукIарал квешал гьудул-гьалмагъзаби
рехонтей; заралиял гIадатал рехун тей; чорхол тIабигIиял жалаздаса нахъчIваравлъун
вукIин; кинабго халкъалдаса ватIалъун чIчIей, жеги гъапулав муридасдасацин; бацIадаб
жо кванай-гьелъ ракI бацIад гьабула, гьаб заманалда бищунго захIматаб жоги гьеб
буго; кваналеб мехалъ хIузуралда кванай, гъаплаталда кваначIого ва гьеб гуреб
цойгидабги.
***
Гьанирго лъолел руго Сайид ГIободиясул
قدس سره
хIакъалъулъ
Дагъистаналъул гIалимзабаз
жакъалъизегIан
хъварал цо-цо тIахьазул сияхIги:
1.
Сиражудин ХIайбулаев
– гIалимчи, филолог, профессор,
2.
Ибрагьимил ГIабдулпатахI-
гIалимчи,
3.
МухIамад
ГIабдулгIазизов-писатель,
4.
Шигьабудин ХIажи-гIалимчи,
5.
ГIабдулагь
Хварши-гIалимчи,
6.
Гьарадерихъа Юсуп-гIалимчи,
7.
МухIаммадкамил
Гьиматов-гIалимчи.