Къарахъа мугьажир МалламухIамад

Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго жиндирго «ГIарабиязул гьудул, Дагъистаналъул жавгьар» абураб назмуялда Маккаялда чIчIарав Къарахъа мугьажир МалламухIамадица:

 

ГIободиясул бицун цодагьав гаргадизин,

Муршидун Камиласул баркаталде хьул лъурав,

Пакъир кIалъалев вуго ралъдадасан щоб босун.

Щакъи-къаламалдалъун шагIир кIалъан тIубалеб,

ТIадегIанлъи букIинчIо Аллагьас гьесий кьураб.

ГIелму-калам кинабго жинда рекIехъе лъалев,

Къуръан-хIадисалдасан хIукму жинца босулев.

Аварагасул суннат умматалде гьурщарав,

Гьеб жиндица цIунарал киналго мукIурлъарав.

Ладунияб гIелмуялъ гIалам хIайран гьабурав,

Сулук, варагI, гIибадат гIаламалдаса тIокIав.

Дунял рихун, ахират жинца тIаса бищарав,

БидгIа- гIадатал рехун, камилалде халкъ цIарав.

Камилаб динул ислам месед бекьун къачIарав,

ШаригIатгин тIарикъат гIавамазда малъарав.

Гьанжесеб заманаялъ гьабулеб бицун тарав,

ГIелму-калам кинабго камилго лъазабурав.

ЩутIудазде балагьи дуе хIажалъиларин,

Биялъул тIанкIалдасан тIубалилан малъарав.

Къуръан-хIадис кинабго камиллъанин дулъилан,

Кутакаб рохел бицун, керен гIатIид гьабурав.

Азаралда ункънусил тарих байбихьарабго,

Гъавсас тIадеги ахIун мужадидлъун гьавурав.

АнцIила ункъабилеб къарнуялъул Имамлъи,

Дуде ирга щванилан щибаб жо малъун тарав.

Дуда хадур рилъине халкъалда тIадаб буго,

Дуде инкар гьабурав кинавго мекъи ккела.

Гьев къутIбул гъавсас эсда мурафакъан цIар тана,

Аллагьас тавпикъ кьурав чиян кIодо гьавуна.

Лъабкъоялда анцIила лъабиде уммат бикьун,

Хвасарлъулеб къокъадул бетIерлъун жив гьавуна.

Анкьабгоги тIарикъат Кьуръаналдаса босзе,

Кьадирасул квербакьи, бакь гIадин, загьирлъана.

Къуръаналъул лъабалго хIакъаикъал росизе,

Ункьабго мазгьабазе Аллагьас патхIу кьурав.

ГIалимзаби мукIурав, гIелму тIаде чваххарав,

Шайихзаби хIайранал балъголъаби рагьарав.

Дагьистаналда жаниб шаргIалъул байрахь чIварав,

Сулук, суннат, варагIалъ гIаламалда нур барав.

БидгIа-гIадаталдаса гIадамал нахье цIарав,

Кьурьан-хIадис гуреб нух хIисабалде босичIев.

Сулук, варагIалдаса батIалъараб рикIкIинчIев,

Суннаталъе хилипаб халкьалъе нахье чIварав.

Къуръан-хIадисалдаса гIемер тIахьал гьарурав,

«Канз-уд-дураралъ» улка бакъ гIадинан гвангъарав.

Жакъад бугеб хIал бицун дол къояца кIалъарав,

Гьабизе кколебщинаб гIавамазе хъван тарав.

Жив вахараб борхалъи цIар-реццалъе бицинчIо,

Щвараб хазинаялъул бутIа камун чи течIо.

Сирру-къарар бихьидал карамат загьирлъана,

Киналниги гIулумал гIорлъун тIаде чваххана.

ГIавамазе бигьаял нухал жинца гьаруна,

Дунялалъул чIаголъи гьес жойиде гьабичIо.

ТIагIат гуреб хазина гьес жолъунго рикIкIинчIо,

Аллагьасдасан нечон бадиб магIу бакъвачIо.

ХIабибасул баркаталъ бусада хьибил лъечIо,

Берцинаб ратIлидаса чIухIи жинца гьабичIо.

Кьер-кьераб квеналдасан тIагIам жинца босичIо,

Чорхое бокьаралде кидаго жив гьетIичIо.

КIалккун гIибадаталда гIумру жинца тIамурав:

Цо тIохол къаялдалъун къоялъ гIей гьабулаан.

Макка-Мадинаялда Дагъистан релълъинабун,

ГIарипас къасд гьабуна исламалъул ракьалде.

Аллагьасухъ ракI гIодун, ХIабибасухъ гIащикълъун,

Гьижра гьабун къокъана кIиябго ХIарамалде.

Мужадид тIаде щведал Макка шагьар чIухIана,

Сайид-ХIосен муршидас вацлъун къабул гьавуна.

КъутIбул гъавсас мужадид квер ккун рокъове цIана,

Муршидасул хIалалда хIисабхун разилъана.

КIиябго ХIарамалда чIчIезе ихтияр кьуна,

Халкъ иршад гьабиялъе халипалъун гьавуна.

Маккаялъул жамагIат гьесда тIаде гьетIана,

Цоги гIалимзабазда гIамал гьаби дагьлъана.

Цо къоялъ масжидалда къаде как тIубан хадуб,

ГIалимзабазул зигар Жамулайладе щвана.

Дуца хIужра кьун тарав гIажамияс нижее

ГIелму-каламалдасан кIалъазе бакI гьукъана.

Кинабго халкъул гIалам гIажамиясухъ уна,

Нижеда гьикъулеб жо къанагIатаб хутIана.

Нижер хIукму ккун буго гIажамиясухъ ине,

Кутакаб хIадурлъигун, захIматал суалалгун.

Маккаялда хъирщарав анцIила кIиго гIалим,

ЗухIаялъул гIужалда хIужрадул кIалтIе щвана.

Къарнуялъул Имамас изну кьуна рачIаян.

Роха-хинлъун харбида, бицунеб тIубазабун,

КIанцIун тIаде вахъана къарнуялъул Мужадид.

Жив-живасухъе кьуна суалазе жавабал.

Цоцахъ балагьун хутIун, хагана киналгоги,

Суал гьабилалдего жавабал кодор кьедал.

Гьабго кинаб хIикматан хIайранлъана киналго.

Суал жинда гьикъичIеб, кагъат кодобе кьечIеб,

Балъго ниж хIадурарал-хIисаб гьабе гьесул лъай!

ХIабибасул квербакъи якъинлъана нижее.

Дуда инкар гьабизе бегьулареб бичIчIана.

Къарнуялъул Имамлъи нижее якъинлъана.

Ниж дуе мукIурлъана, ниж хатIалъун ратана,

Жакъаялдаса нахъе ниж дудехун хурхана.

КIиябгоги рукъалъул нижер дуде аманат,

Цебесеб киналдаго нижеда тIаса лъугьа.

ГIободияв Сайидас цо суал гьезий кьуна,

Гьелъие дие жаваб нужецаги кьейилан.

АнцIила кIигоялъе дицаги жаваб кьедал,

Цо суалалъениги нужецаги кьейилан.

ГIараб улка сверана, жаваб кьолев чи ккечIо,

ТIад буссун гьеб масъала Жамулайлахъе щвана.

Маккаялъул киналго Сайидас тIад ахIана,

Къуръан-хIадис цебе лъун, гьеб масъала бичана.

ТIолалго разилъана, тIад кIалъалев чи ккечIо,

Къарнуялъул Имамлъи гьезги гьесда баркана.

Макка-Мадинаялъул цониги гIалимчияс

Гьесулгун дандбачIого хIукму къватIибе кьечIо.

Киналго гIалимзаби гьесда тIаде гьетIана.

ГIелму-калам гьикъулев муфдилъун гьев гьавуна.

Басраялъул ханасул вац вукIана шайихлъун,

Кинабго улкаялъул гIалам тIаде хьвадулев.

Ханас цIеха-рехана щивдай вачIунароян,

Инкар бугев гIалимго вугевдай улкаялда?

Ханасе баянлъана Сайид вачIунаревлъи.

Хех гьабун нукар витIун тIаде ахIун цIехана:

Мун кинав гIалим кколев зиярат гьабуларев,

Духъ кинаб хIужа бугеб ахIунги вачIунарев?

-ТIадегIанав Аллагьас дие кьураб гурхIелалъ,

Гьев шайих вукIиналда дун разиявлъун гьечIо.

Халкъ иршад гьабиялъе гьесие изну гьечIо.

Гъавсасул бербалагьи гьесдехун щибго гьечIо.

ШаргIгин суннат цIунараб макъам гьесие гьечIо.

Сулук, варагI, гIибадат гьесул щулалъун гьечIо.

«МутIма иннаялдецин» жеги гьев вахун гьечIо,

Ункъавго Имамасул кумек гьесие гьечIо.

Жиндида хурхарасул хазина дагьаб буго.

Диналъул вацал-яцал цIунизе къуват гьечIо.

Гьел гIиллабазе гIоло зияраталъ хьвадичIо.

ЧIового гьев вугелъул, ахIун духъе вачIинчIо.

Бусраялъул хан вахъун Сайидасда кIалъана:

- Гьеб дуца бицунеб жо битIараб батанани,

Гьев дир вацасда дица улка тезе гьабила.

Дур гьереси батани, дудаги гурхIиларо.

Цеве Сайидги къотIун, хан, халкъги хадуб гьабун,

Жиндир вац шайихасул азбаралде рещтIана.

Дуца бицунебщинаб бихьизабе халкъалда,

Шайих гьечIев ватани, баче мухIканаб хIужа.

Цинги Сайид ГIободи Аллагьасде гьардана,

Гьаб дида бугеб зулму дудаги бихьулилан.

Сайид тIаде вахъана, шайхасда тIаде ана,

Халкъалда цеве вачун цехе-рехей гьабуна.

Къуръан-хIадисалдасан хIажалъулеб цIехана, -

Цониги суалалъе жаваб кьун бажаричIо.

ЧIового вукIиналъе тIуван жив мукIурлъана,

ТIолабго гIаламалъги гIажаиблъи гьабуна.

Вали-шайих гьечIолъи бакъ гIадин загьирлъана,

СубхIаналлагь, ханасул гьурмал кьер хисараб куц!

Вац чIового ватидал турана гьесул керен.

ТIаде суал бачIана гьаний цо гIадан йигин,

Макъамалда йигилан кIалъа-ралъай гьабулей.

Халкъалда цее ячун иман-ислам цIехана,

Дагьабго цIеха-рехалъ мукIурлъана, гIодана.

ГIободиясда хурхун, халкъалъ нахъегIан цIана.

ЧIобого йикIиналъе гIаламго мукIурлъана.

Бусраялъул ханасги хIисабалде босана,

Цинги кинабго гIалам Сайидасде гурана,

ГIари гIадин, тIаделъун тIерхьинавуна гьенив.

ТIелекьес кумек гьабун хвасар гьавуна хIалалъ,

Гуревани гъанкъизе дагьалъ хутIана Сайид.

ТIолалго гIарабиял гIажаиблъун хутIана.

Бусраялъул ханас гьев квер босун нухда лъуна.

Шайих, гIалим, гIаламго, ханзабицин мукIурлъун,

МужIадид тIад вуссана жиндирго хIужраялде.

Жиндир заманалда, Кавсаралъул гIор гIадин, ГIободасан чваххараб, Хундерил тIалъиялдаго гIадин, тIолабго Дагъистаналдагоги, исламалъул хIикматго караматаб нурлъун загьирлъараб гьеб гIелмуялъулги, гIакълуялъулги, гIамал- хасияталъулги Аварагасул суннаталъул Нил гIор щвана жибго ХIижазалъул ракьалдегицин.

Сайид ГIободияв-къарнудал мужадид قدس سره гьениве ана халкъалъул Сайидасул хобалъухъ гIищкъу бергьун, гIаламалъул рухIияб равзаялде гIищкъу ккун.

 


КагIбаялъе салам кьун,

Сайид жанив лъугьиндал,

КагIбарукъалъул къедалъ,

Къулун, салам гьабурав.

ЛавхIалъул къоноялда

КъутIбуйилан цIар хъварав,

ГIаламалъул къутIбуян

Къудусалда цIар бугев.

Жиндир загIипаб уммат

Исламалде ахIизе,

ХIабибас маъзум гьавун,

Махлукъалде витIарав.


 

Сайид ГIободияв قدس سره вукIана гьаб гьерсил лахIзатаб дунял жинда рихун, ахират жинца тIаса бищарав, Аварагасул суннат умматалде гьурщулев, жиндие Аллагьас кьураб ладунияб гIелмуялъ гIарабиялгун-гIажамиял кирго жиндица хIайран гьарурав къарнудал мужадид.

Жиндир баракатги кириги Аллагьас нилъее киназего насиб гьабеяв Сайид ГIободияв قدس سره вукIана ункъабго мазгьабалъе Аллагьас жиндие патхIу кьурав, Дагъистаналда жаниб шаргIалъул байрахъ жинца чIварав, сулук, суннат, варагIалъ гIаламалда нур барав, гIаламатго хIикматав ва хIикматго гIаламатав Вали-шайих. Ва амма гьедин букIаниги, жакъа къоялъгицин камулел гьечIо цо-цо жагьилзаби, гьев Аллагьасул гIаламатав валиясул даража гIодобегIан гьабизе бокьарал. Гьединазда, щаяли, бичIчIулеб гьечIо иххица даимго чорок гьабулеб жо букIунареблъи иццул тIокIкIараб лъим. Цо чанго лахIзаталъ хIабургъаниги, иххги лъугIун ун, додинго, тIокIкIун ва гьайбатго чваххизе жубала иццул хIайранаб лъим.

Хирияв Сайидас суннатги малъун,

Сулукалъул магIна малъун букIанин.

Миллат цIуни цIакъав КъутIбудул гъавсгун,

Къацанди гьабулеб агьлу тIагIинчIо.

Аллагьас заманалда кантIизареги жидер рекIел канлъи мукъсанал диналъул вацалги ва яцалги. Амин!