Мугьажирлъи ва дагъистаниязе васият

 

…ГIурусазул зулму захIмалъун ккедал,

Дин загьир гьабизе гьукъулеб лъайдал,

Вижараб росу тун, Дагъистанги тун,

Сайидги къокъана ХIижазалдехун…

 

Гьелда хурхун живго къарнуялъул Имам -Муршидун Камил Сайид ГIободияс قدس سره, Хундерил тIалъиялде вуссун ахираб хитIаб гьабун абулеб бугогури назмуялдалъун:

 

…Алжанул тIегь гIадаб Хундерил тIалъи,

ТIокIаб бихьиладай, бихьилародай?

Сайид ГIободияс قدس سره Дагъистаналдаса живго къватIиве унеб мехалда, 1883 соналъ Халапалъун, жиндирго иш тIубазабулевлъун тана Гъомекиса ХIажиахIмад. Гьесда хадусевлъун вихьизавуна Аргъваниса МухIамадхIажи.

ХIажиахIмадида гьеб кIвар бугеб иш ГIободияс قدس سره тIадкъай гьадин загьир гьабулеб буго цо назмуялда:

 

Дагъистан тун унелъул Сайидасе бокьана

ХIажиахIмад Гьухъали халапалъун гьавизе.

Агьлулъун гьечIин абун, мукIур гьавизе кIвечIо.

Равзаялде вачана, ХIабибасухъе щвана,

ХIажиахIмадил бугеб гIузру баян гьабуна.

Авараг ﷺ, Абубакар, ГIумар гьесда кIалъана,

Хехго тIаде босеян гьесда амру гьабуна.

ХIажиахIмад шайихас халапалъи босана.

Гьезул калам рагIидал, керен нуралъул цIуна.

Равзаялъул хъаравул гьезда цадахъ вукIана,

Кинабго лъугьа-бахъин гьесдасан загьирлъана.

ТIарикъаталъул иш хадубккунги цебехун бачине, изнудал кагъталги кьун, анкьго маъзумги тана: Хушдадаса ПирмухIамад; Ингушиса Абубакар; Алмахъалдаса ГIамиргIали; Ахъташ ГIавухъалдаса ТIалхIат; Хъумтурхъалиса Идрис; ГIандиса ГIабдуллагь; ГIуриса ГIусмандибир.

Алагьасул кIудияв вали, азаралда ункънусабилеб соназул Имам, хIикматав мужадид, дагъистаналъул бусурбабазул рухIияв чирахъ Сайид ГIободияв قدس سره, вижараб росу-ракьги тун, Дагъистаналдаса гочун Маккаялда чIчIезе къасдалда мугьажирлъуде унаго, гьев нуха регIизе рахъарал гIага- божарасул цояс Муршидун Камиласда гьарун буго: «Мун цевеса индал, нижее баракаталъе букIине, цо кинаб бугониги васият гьабураб калам кагътида хъван гIаги теха, МухIамадхIажи», - ян абун.

ТIарикъаталъул хIикматав Гъавсас абун буго жиндица гьединаб васият нужее баракаталъе букIинелъун, цо пуланав муъминчиясул Къуръаналда гьоркьоб лъун танин, гьенире раккизе бегьулин нуж, живги нуха регIун, тIад руссараб мехалда абун.

ТIадруссутIа гIабал ун руго Сайид ГIободияс قدس سره абурав чиясул Къуръаналда гьоркьоре раккизе. Гьев тIирун чIчIун вуго, жиндица киданиги жиндирго Къуръан МухIамадхIажиясухъе кьун букIинчIин ва гьелда гьоркьоб кинабниги кагъатги гьечIин абун. Амма Сайид ГIободияс кьучI гьечIеб жо абулареблъи лъалел росуцояз хIукму гьабун буго, кигIан тIирун Къуръаналъул бетIергьан чIчIаниги, гьелда гьоркьоре раккизе. Гьениб батун буго цо гьитIинабго кагъат ва гьелда хъван ратун руго гьал рагIаби:

«Дуего гьабуни бокьулареб жо чияеги гьабуге! Сайид ГIободияв قدس سره» - абун. Гьеле гьеб буго Сайид ГIободияс قدس سره наслабазе нахъе тарал жиндирго васиятазул цояб.

Рехсезин жеги тIадеги:

1.                     Сайид ГIободияс قدس سره, гьижра гьабун Дагъистан тун унаго, жиндиего гьабураб васияталъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго Тумагъариса МуртазагIалихIажияс: «Ццин бахъараб мехалъ, мун вуцIцIун чIчIа, хIелму гьабе хIелмуялъулъ, цIакъго кутакги гьабуге, гьоркьохъеб хIалалда чIчIа. Дуца дур хъизан- агьлуялъул гурхIелалдалъун гIамалги гьабе. Капурзабазул сипаталда релъарал сипатаздасаги мун рикIкIалъе. РатIлилъ исрап гьабиялдасаги рикIкIалъе. Мунго вугеб бакIалда лъикIаб ретIел ретIе, гIадамазда аскIов вугеб мехалъ квешабги ретIе. Пискъу-пужуралдалъун хъублъараб гьаб заманалъул агьлуялдаса дуца кIодо гьаре рацIадал малаикзаби.

- ТIехьалде балагьун дуда масъала суал бичIчIараб мехалъ, дуца гьеб къарар гьабе, тIанчил рагIалда такъликъатал хъван. ТIехьалдаги хъваге, каки чури гьечIого, таямумалдалъун букIаниги, кваранаб квер гурони тIехьалдеги бегьуге.»

2.                     Иман буго диналъул аслу. Нилъер иман камиллъуларо, хъизан, гIагарлъиялдехун, диналъул вацаздехун гьуинлъи ва рокьи гьечIого. Нужер цонигияв вукIунаро иман лъуравлъун, нужерго напсалъе бокьулеб жо нужерго диналъул вацасе бокьизегIан. Гьединго нуж кьуризе бегьуларо ункъавго Имамасул масгьабазул цонигиялдаса. Нужеца гьелдаса кутакалда цIуни гьабе. Гьедин гьабуни, къосарав чияс мекъи ккезариялдаса нуж хвасарлъизе руго ва нужее заралги букIине гьечIо кигIан дагьабги.

3.                     ШаригIат черх буго, магърипат гIакълу-лъай буго, суннат рухI-къуват буго, хIакъикъат бичIчIи-лебаллъи буго.

Загьираб гIелму киналъулго берзул канлъиялда релъараб жо буго, черх буго жиб багъарулеб жо, гьеб багъаризабулеб жо рухIги буго, унеб рахъ бихьулеб жо канлъиги буго.

Гьеб лъабабго цадахъ гьечIони, дунял гьабизе бажаруларо. Киналъулго аслу-черх буго. Гьедин данде ккунани, Аллагьасде нилъ рачунеб жо шаригIат буго. ШаригIат камил гьабулеб жо-суннат буго, хIалалабги хIарамабги батIа гьабизе лъалеб жо-загьираб гIелму буго. Гьеб лъабабго гьечIони, Аллагь разияб гIамал чиясухъа лъугьунаро.

Воре гьеб нух кквезе хIаракат бахъе нужеца, нужго Аллагьасде щвезе рукIине.

4.                     Аллагь лъаялъе нужго гIагарлъизе бокьани, гIелму тIалаб гьабе. ГIелму буго нилъер кIалзул хIухьелал жиндие напакъаде кьезе мустахIикъаб жо. ГIелму гьечIони инсан вацIалъуларо, вацIалъичIев чиясул тIагIат-гIибадат Аллагьас камилги гьабуларо.

РакIги, напсги бацIалъичIони, жиндица гIибадат гьабулев чи релъунила, хъураб хIайваналъул бакьалги чуричIого, жанибго гъизги тун, тIад гьанги лъун, бакьал цIолев чиясда. Гьединаб бакь кваназе бегьунгутIи баянаб жо буго. КигIан гIемер гIибадат гьабуниги, ракIги черхги бацIалъичIони, нуж квешал гIадамаздаса тархъанлъулареллъун хутIизе руго.

5.                     РакI буго лугбазул хан. Лугбазул гIамалалда ракI нахъбилъунаро. РакIалда нахъ рилъуна лугбал. Гьединлъидал, цин ракI бацIад букIине ккола, лугбалги хадур цIала, мунагьал гьариялдаса цIунула. ЖужахIалъул агьлуялдаса гьев лъугьинарулел жалаздаса инсан вацIалъизе ккани, ракI бацIалъизе ккола, квешал къасдаздаса. Цинги гьезда дандчIваялдаса лугбалги цIунизе ккола, хIарамалдаса бер, мацI, гIин цIунизе ккола. Инсанасул ракI рукъалда релъараб жо буго. Цо рокъоб цого заманалда нурги бецIлъиги букIунаро: чирахъ рекIани- бецIлъи лъугIула, чирахъ свани- бецIлъи жаниб хутIула. Нуж гьеб бецIаб рукъалда релъун рукIунге.

6.                     Инсанасул чорхолъ буго цо нухалъ чIамизе гIанасеб гьанал кесек, жиб лъикIлъани, кинабго черхги лъикIлъулеб, жиб квешлъани, черхги квешлъулеб. РакIин гьеб кколеб. КантIе нуж! Цо къвачIаялда релъараб жоги буго гьеб. Гъоркь махIсунеб жоги букIаго, жинда жаниб лъураб жо, кигIан тIагIамаб бугониги, махIсунеб.

ХIарамаб жоялде балагьараб мехалъ, ракI хола, дабагъ лъураб мехалъ, тIом холебго гIадин ва гъоркь букIараб хIалалдеги гьеб тIокIалъ киданиги буссунаро.

Азарго нухалъ чураниги, буртина бацIалъуларо, гьеб буртинаялъе къачIараб квас цебеккунго чурун гьечIони. Гьелдаго релъараб жо букIуна рекIелги.

Воре, нужеца ракIал чороклъизе тоге!

7.                     Нужеда кIочонге нилъер хирияв Аварагасул гьаб хIадис: «Нахъзаманалда гьаб уммат муъминчияс, яги кафурчияс къосине гьабилилан абун дун хIинкъуларо. Муъминчи иманалъ цIунила, кафурчи Аллагьас гьезда тIаде виччаларо.

Дун хIинкъула ракIги жагьилав, мацIалъ хабарги бицунев, ай Аллагьасда риханщинаб гIамалги гьабун, мацIалде бачIанщинаб бицунев мунафикъас къосине гьабилин дир умматан абун».

8.                     Ахир заманалда цо тайпа гIадамазул даран-базаралде руссина, хIал кIвараб гьересиги бицун, дандияв махсаруде ккун, хIалаллъи-хIарамлъиги тIалаб гьабичIого, рибаялдасаги цIуничIого, бечелъи тIалаб гьабизе лъугьина. Гьединал гIадамаз халкъалда цере рахъун, цоцалъ къец бан, бусурбабазе гIакъуба кьезе буго.

Нужеца гьелдасаги цIодорлъи гьабе!

***

«Шаварикъул анвар» абулеб тIехьалъул цересел тIанчазда хъван буго, ГIободиясул قدس سره кIалдисан босараб абун. Цинги хадуб абичIилан абуге, гьал дир рагIабиги гуро. ГIободияс قدس سره абулеб буго:

«Мегеж кIкIвай дида аскIоб кIекъоялда анцIго нухъалъ ЗИНА гьабиялдасанги кIудияб мунагь бугеб буго. Щай гурелъул, мегеж ккола ТIадегIанав Аллагьас руччаби бихьиназдасан ратIа рахъизе бижараб жо, гьединлъидал, гьеб кIкIваращинав чи ккола ТIадегIанав Аллагьас лъураб гIорхъи бахарав чи, гьединлъидал, гьениб жаниб кIиго тамсил буго: гIорхъи бахиги, руччабазда релъинлъиги».

 ***

ХIежалде инаго нухтIа

ГIарабустаналде ине Дагъистаналдаса къватIиве вахъараб заманалда, Сайид ГIободияв قدس سره вачIун вуго Алмахъалде.

Гьез рещтIен гьабун буго Жантемир абулев чиясухъ, жинцаго цIализарурал гIалимзаби ИсрапилхIажиявги ва ГIамиргIалихIажиявги жалгоги тун. Гьединав кIудияв къутIбу, жиндирго гьалмагъзабигун цадахъ гьоболлъухъ вачIиндал, Жантемирил доре ракIарун руго гIезегIан алмахъалъулалги. Жантемирица абуни, цо хухги хъун, гьабун буго гьезие гьоболлъи. Гьесул чIужу СалихIатида ракIалде ккун буго, балагьейинха жиндир росас, цо гIака-оцгIаги хъвечIого, хухги хъун гьабулеб бугин гьавгощинав гьоболасе тIаса-масагояб гIаданлъиян абун. Гьелда ракIалде ккун букIун буго гьеб хохол гьан цо чанго чиясе кIалдиб лъезегицин гIеларинхаян абун.

Жантемирил лъади СалихIатида гьеб жо ракIалде ккун бахъиналдего, Сайид ГIободияс قدس سره гьелда абун буго: «СалихIат, дун цо доб дурго гьанал хьагихъе вачея», - абун.

Гьениве аскIове вачиндал, ГIободияс гелалъ гьанги гьагIуги багъарун буго. БукIаралъубго хьагиниб гелги тун, гIодов чIчIезеги ун вуго жиндирго бакIалде.

Гьеб квергIанасеб хьагиниб букIараб хохол гьан росдаегоги ва тIаде рачIарал гьалбадериеги кваназеги гIун буго ва нахъегицин хутIунги буго. Гьеб Сайид ГIободиясул قدس سره караматалъул хIакъалъулъ гьанже-гьанжегицин бицен буго алмахъалъулазда гьоркьоб.

 


Чан накъшубандиял къагIидабазул,

КъутIбу мун вукIарав Дагъистаналда!

Дуца исламалъул асараздалъун

Дуниял гIуцIана бецIлъун букIараб.

ЛавхIул махIфузалде мун вакки лъана,

Кколелде рекъолел къавлаби ратун.

Кашпу-игьламалъул агьлулъи лъана,

УргъичIого къойил жавабал рикьун.


 

Ахирги, гьеб киналдасаго хадуб, Сайид ГIободияв قدس سره ХIижазаялъул ракьалде ине нияталда къватIиве вахъун вуго.

Гьев жидерго рухIияв эмен ахираб сапаралъ нуха регIизе цадахъ рахъун рукIун руго гьесул маъзумзабиги ва муридзабиги. Чачаналда ЮртгIавухъазул росу рагIалде щведал, Сайид ГIободиясда قدس سره гьикъун буго цадахъ рукIараз, нилъ гьанир лъитIаха рещтIине ругелан абун. Сайид ГIободияс قدس سره абун буго гьаб дица рекIараб чоца рачараб бакIалде ине ругин нилъ, гьалда жиндаго лъалаян абун.

Цо бечедав гIавухъав, хъвехъун гIиялгун, бежун чедгун, лъикIаб хIадурлъигун чIчIун вукIун вуго Сайид ГIободиясда قدس سره дандчIвай гьабизе. Амма Муршидун Камил тIад рекIараб чу, гьесул кIалтIехунги сверичIого, росу рагIалде щвезегIан ун буго.

ГIавухъал гIодизе журанила, Сайид ГIободияв قدس سره, жалги рикIкIинчIого унев вугинги ккун.

ЮртгIавухъазул росурагIалда абуни букIанила Аллагьасул цо МухIамайин абулев валиясул мина. Гьеле гьесул азбаралде бачIун чIчIанила Сайид ГIободияс قدس سره гъоркь рекIараб чу. Гьев МухIамаги вукIанила жиндирго рокъоб бессараб сугъурги ва хуриса бачIараб цIоросаролъги гуреб, жиндица батIияб жоялдаса пайда босуларев, дунялалъул магIишаталъулъ кинабго жоялдаса хIалаллъи ва рацIцIалъи тIалаб гьабулев унго-унгояв муъминчи. МухIамаги, живго гIадин, кинабго рахъалъ Аллагьасул вацIцIадав вали вукIиналъ букIана Сайид ГIободияс قدس سره гьесде, зиярат гьабун, гьоболлъи гьабурабги.

Дагъистаналдаса хIурматиял гьалбадерида МухIамал хъизан сугъур бессулей ятун йиго. Гьев живго абуни, магъилъ цIоросоролъ хъусун чIаралев вукIун вуго. Ахирги Сайид ГIободияв قدس سره жидер росулъ лъалхъичIого инчIолъиялдаса рохарал гIавухъал МухIамал минаялъуре ракIарун руго ва гьев магъилъа рокъове ахIизе ине жуван руго. Сайид ГIободияс قدس سره гьезда абун буго гьев живго кватIичIого тIаде щвезе кколин, гIадада унгеян абун. МухIамаги заманго иналде вачIун вуго.

Гьенир данделъаралщиназ МухIамил рокъоб жамагIат гьабун бакъанил какги бан, зикру бачунеб мехалъ, сверухъе авалалъул боцIулги росуго тIад тIамураб гIер-гIери букIанила «зикру» бачунеб. Гьеб караматги загьирлъун буго ЮртгIавухъазул ракьалда киналго данделъаралщиназе гьеб къоялъ. Хадуб Сайид ГIободиясда قدس سره гьикъун буго цадахъ рукIаразул цояс:

-Нилъ щайха, устар, нилъ къабул гьаризе цереккунго хIадурлъиялда чIчIун вукIарав дов бечедав чиясухъе гьоболлъухъ рилълъинчIел? - абун. ГIободияс قدس سره абун буго: «Досул лъимал гIалимзаби рукIине руго», - абун.

Гьеб ЮртгIавухъазул росулъа къватIире жалго унаго, Сайид ГIободияс قدس سره абун буго, киназдаго рагIун: «КIиябго ГIавухъалде цIакъ кIуди-кIудиял балагьал щвезе руго гIагараб заманалда: гьал хIалалъ гочинаризе руго Чачаналдаса чияр ракьазде. Гьазул бакIазде рачIараздаги ва гьазда жидедагоги Аллагь гурхIагиха», - абун.

ГIемер заманго иналде чачаналги гочинаруна Казахстаналде ва Дагъистаналъул гIиссинал росабалъа магIарулалги, хIалалъ гьезул ракьалде рахъинаруна.

 


Квешал къурайшияз къварид гьавидал,

Дин загьир гьабизе квекIен гьабидал,

Гьавураб росу тун, КагIбарукъги тун,

ТIайбатаде ТIагьа къокъарав гIадин,

ГIурусазул зулму захIмалъун ккедал,

Дин загьир гьабизе гьукъулеб лъайдал,

Вижарабросу тун, Дагъистанги тун,

Сайидги къокъана ХIижазалдехун.

ГIанкIу тIаса арал тIанчIи гIадинан,

ГIадамалги тана, туркалъе ана.

Аллагь разилъаяй ХIалимат-эбел,

Аллагьасул цIобалъ, нилъей хутIана.


 

Гьединго, Дагъистаналдаса къватIиве унеб мехалъ, Сайид ГIободияс قدس سره абула жиндирго муридзабазда, жив мугьажирлъиялъул апараглъуде ун цо-чанго соналдасан, нужеде цIакъ кIудияб балагь бачIине бугинха, дир диналъул вацал, Аллагьас бихьаралда сабру гьабун чIчIайинха нужан абун.

Мужадидас абухъе, цо-чанго сонидасан Россиялда бергьана ленинилаб хIурият ва байбихьана гIалимзаби тIагIинаризе ва исламалъул рухIаниязда тIад тIухьидулаб лал тIамизе.

Къарнуялъул Имам Сайид ГIободияв قدس سره Маккаялде унеб мехалъ, жиндаго цадахъ рукIарал лъабайго чIужуялъул цоялда, Архъабаш абулеб бакIалде щведал, мужадидас абула: «Мун гьанже гьаниса нахъ йуссайин, мун тIокIалъ дида цадахъ йилълъине бегьуларин» абун. Гьей гIодизе жуйан йиго, жиндаго росас гьедин абидал, квеш бихьун. Гьеб мехалда Сайид ГIободияс قدس سره гьелда абун буго: «Дуда ракIалде ккана гьабсагIат гьав чияр чигун цадахъ, чияр ракьалде уней йигоха дун, дирго гIагарлъиги ва йижараб росу-ракьги тунилан» абун.

Гьеб жиндирго рекIелъ пархараб шайтIанияб пикругицин Сайид ГIободиясда قدس سره цIализе лъалеб батидал, гьей лъади, росас малъараб гьабун, гьенисанго рокъое тIад юссун йиго.

Муршидун Камиласда цадахъ гьеб сапаралда хутIула: МухIамадхIажиясул قدس سره гьитIинав вац ГIумарги ва жидерго лъудби: Маймунат, Хадижат ва ПатIиматги.

Жеги нухтIа, Маккаялде щвелалдего, Тубкъаялдаго нуха, хехаб унтиги чIван, хола Сайид ГIободиясул قدس سره кIияйго лъади: ПатIиматги Маймунатги.

 


Халкъалъул тасаруп кодоб букIиналъ,

Кидаго цо бакIалъ эв чIчIолароан.

Аллагьасул амру, изнуялдалъун,

Бак-бакIалде унеб гIадат букIана.

Бурса шагьаралда вугеб мехалда,

Хирияб хъизаналъ сапар гьабуна.

Гьаб дуниял чIалгIун ГIилиюналде

ГIедегIун къокъине къасд эз гьабуна.

Гьоболаб рукъалъул къадар тIаде щун,

КъолъикI гьабун ана эл Бархазалде.

Хирияв АхIмадил агьлуялъухъе,

Урхъун рахъун ана, Аллагь гурхIаял.

Маймунат, ПатIимат- кIиялгоги хун,

Хирияв Сайидги нахъе хутIана.

Гъурбатгиму херлъи, хъизан батIалъи,

Лъабабго гьир бана нилъер инсуда.

 


Дагъистаналда эркенго дин гьабизе гьукъидал, диниял хIаракатчагIазда тIад зулмуги гьабулеб букIиндал, гьеб киналъулго хIасилалда динги загIиплъизе жубайдал, Дагъистаналъул машгьурал гIалимзабазги хIаракат бахъулеб букIана, эркенго дин гьабизе биччалел исламиял улкабазде рорчIизе. Гьелъулъ букIана Дагъистаналъул гIалимзабазе хвасарлъиялъул рохелги, апараглъиялъул пашманаб даимаб хIакъдиги. Гьеб букIана Дагъистаналъул мугьажиразул тIоцебесеб карачел. Гьеб гучаб карачелалъ абуни апараглъиялъул ралъдалъе цIан ана Дагъистаналъул бищунго гIакъилал бутIрул, бегIераб пикру, камилаб гIелму, гIаламатаб тIарикъаталъул ва шаригIаталъул зодор кунчIарал исламиял КъилбацIваби.